Telegram Web Link
This media is not supported in your browser
VIEW IN TELEGRAM
Шейх Яхlя-хlажи, Хасавюрт шагьаралъул кlудияб масжидалъул имам.
👍22
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Кlал биччаялда аскlоб дугlа нахъ чlваларо.
Кlочонге дугlа гьабизе 🤲🇵🇸
👍163
Нугlман ибнул Мунзирица бицун бачlана Макхlулидасан: гьес рамазан моцl тlаде бачlиндал гlемер гьабулеб дугlа букlанин абун :
اللَّهُمَّ سَلِّمْنِي لِرَمَضَانَ ، وَسَلِّمْ رَمَضَانَ لِي ، وَتَسَلَّمْهُ مِنِّي مُتَقَبَّلًا
Я дир Аллагь, дуца дун цlуне рамазан моцlалъе ва рамазан моцlги цlуне дие ва дуца гьебги камил гьабун къабул гьабе дидасан.
👍3
НИЯТ ГЬАБУЛЕБ КЪАГlИДА

Дица ният гьабуна метер кlал кквезе фаризаяб рамазан моцlалдасан гьаб соналъул тlобитlун тlадегlанав Аллагьасе.
👍6
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Поселок Семендер| 10 абилеб таравихl - Хlафиз Рамазан Кенхи
8👍3🔥3
Forwarded from AVAR MEDIA
Гьаб буго Аварагас (‎ﷺ) ГӀаишатида (رضي الله عنها) манлъараб дугӀа.

اللَّهُمَّ إِنَّكَ عَفُوٌّ تُحِبُّ الْعَفْوَ
فَاعْفُ عَنِّي

"АЛЛАГЬУММА ИННАКА ГӀАФУВВУН ТУХӀИББУЛ ГӀАФВА ФАГӀФУ ГӀАННИ"

«Я Аллагь мун вуго тӀаса лъугьунев (мунагьал чурулев) тӀаса лъугьин бокьулев, мун дида тӀаса лъугьа (дир мунагьал чуре)»

АХИРИСЕБ АНЦӀГО КЪОЯЛЪ ГӀЕМЕР ТАКРАР ГЬАБЕ ГЬАБ ДУГӀА.
👍93
Audio
Дугlа къунут (магьдина) 27 сордо, 1445 сон Масжидул Хlарам, имам Гlабдурахlман Судайс 🤲
2
АССАЛАМУГӀАЛАЙКУМ

📌Хириял диналъул вацал ва яцал Баркула киназдаго тӀаде щвараб гӀидалъул къо!🌙
Аллагьас киназулго ккурал кӀалал, рахъарал сахӀал, рарал таравихӀал, гьабураб гӀамал гӀибадат къабул гьабеги🤲
Аллагьас унтаравщинав сах гьавеги, вакъаравщинав гӀорцӀизавеги, къварилъи-захӀмалъиялда ругелщиназе гӀатӀилъи кьеги🤲

Аллагьас нилъ киналго тӀасияб рамазаналдеги тӀаса камичӀого сах-саламатго данде гьареги, гьаб араб рамазанги, Раян абулеб алжанул нуцӀа рагьараб, Нар абураб жужахӀалдаса хвасарлъараблъун батаги нилъее!🤲

Къо-мех лъикӀ Рамазан, рахӀматазул моцӀ,
РухӀияб рацӀцӀалъи ракӀазе кьолеб!
РещтӀин рохалилаб,регӀи пашманаб,
Разияб хайратаз Халикъ вохаяб!
😍6
This media is not supported in your browser
VIEW IN TELEGRAM
Аварагас ‎ﷺ абун буго: Щив чи вугониги жинца Рамазаналъул к1алал ккун ва гьелда хадуб Шаввалалъул анлъго к1ал ккурав, гьесие буго т1обараб лъаг1алица к1ал ккураб г1анасеб кири.
👍11
Цоги рохел Дагъистаналъе цlияв "Доктор наук" цlикlкlиналдалъун.

1 Маялъ Дагъистаналдаса Гlахьвахъ районалъул Гlанчихъ росулъа кlудияв гlалим, Шейх Анвар Шайхи зияраталъ тlаде ахlун кlодо гьавуна Индия хlукуматалъул муфти Абубакр Ахlмад Малибарияс, гlалимзабазулгун мутагlилзабазул гlахьаллъигун цадахъ жодорго Малибар абураб шагьаралъул исламияб университеталда жаниб.

Гьениб гьез гьесие ва гьев Шейх Анварица гьабула бугеб гlелмияб хlалтlуе кьуна кlудияб къимат ва загьир гьабуна баркала, цинги муфтияс Абубакр Ахlмадица абуна : "Шейх Анварил хlалтlаби ва гьес тахlкъикъ (тlад хlалтlи )гьабун къватlире риччарал тlахьал руго жакъад дуниялалъулго чlахlи-чlахlиял библиотекабахъ ва щивав гlалимасул хасал библиотекабазда жанир ан абун".

Гьев шейх Анварил хlалтlабазул лебаллъи бихьун, гьес тахlкъикъ гьабун риччарал чlахlиял имамзабазул хlалтlаби рихьун, гьездасан бищунго машгьураб Шафигlил мазгьабалъул фатва босулеб фикъгьияб тlехь, жиндир чанго бутlа бугеб, имам ибну Хlажар Гьайтамиясул "Тухlфатул Мухlтаж" абураб тlехьалда гьабураб хlалтlуе къимат кьун, муфтияс гьев кlодо гьавуна Исламиял гlулумазул "Докторлъиялъул" диплом кьун.

Шейх Анварица 2014 соналъ рагьана Хасавюрт шагьаралда "Бабул Абваб" абураб цlарги лъун, гlелмиялгун диниял нусхабазда ва тlахьазда тlад хlалтlи гьабулеб издательский дом, гьеб хlалтlи гьабизе ракlарана лебалал, жодор бажари бугел гlолохъанал гlалимзабазул гьитlинабго къокъа 9-10 чиясдасан. Гьезие нухманлъи гьабун, гьезул къокъаялъ жакъасеб къоялде щвезегlан гlуралго тlахьал риччана къватlире.

Аллагьас гьадинал гlалимзаби гlемерлъаги нилъер улкаялъе ва тlолабго исламияб умматалъе, Аллагьас гьезиеги тавфикъ гьабеги гьабулеб хlалтlабазулъ ва диналъе гьабулеб хъулухъалъухъ, Аллагьас нилъее ва умматалъего манфагlат щваги гьезул ва гьез гьабулеб кlудияб хlалтlиялъул, Амин. 🤲
©️Ильяс Шахабанов #авармедиа
👍133🔥1
2025/10/27 03:10:31
Back to Top
HTML Embed Code: