Telegram Web Link
إنا لله وإنا إليه راجعون 💔
Хвалил хабаралъул хехаб тел бугин,
Таралищха дуца ниж, Халил.
МагӀу тӀибитӀулеб  гьаракь чӀванин,
ЧӀчӀарабищха дурги гвангъараб ракӀ.

Гвангъарал цӀвабияли радал тӀерхьунин,
ТӀерхьарабищха моц1 марк1ач1ул гӀужалда.
Къадарали щолин щивав чиясде,
Чара гьечӀев г1алим, щай хехго арав?

Дур бахьинаб гьумер бегьидал лахӀдуялъуб
ХӀуралгун хӀавраал рачӀина данде
Дур лугби сукӀараб сарир жаниса
Жавгьаргун якъутаз батила къачӀан.

Гьарадерихъ къалъараб къадруяб цӀва,
Къо мех лъикӀ дуе диналъул вац,
Дур гӀумру къокъабин къварид ругезе
Къарнуялъе гӀураб г1елму тарабин нахъе.

Меседил хӀарпаз хъвай хъахӀаб ганчӀида
ХъахӀаб кагъат гӀадаб гӀумру букӀанин.
Г1аламго къосунеб къарнуялдаги,
Къуръан рекъолареб къавлу дуца абич1ин.

Алжан насиблъаяв нижер Халил,
ХӀуржалъун лъугьаги дуй ракьул бусен.
Меседил рухӀ босун, вуссараб лахӀду
ХӀалкӀолесул нуралъ гвангъаги дуе. Амин амин амин 😥

Ильяс Шахбанов 29.09.2024г💔
💔33😢61👍1
This media is not supported in your browser
VIEW IN TELEGRAM
Шейх Гlамир Тlинди | Заман щун гьечlищ кантlизе !!!
8👍6
This media is not supported in your browser
VIEW IN TELEGRAM
Будунас абураб гьабе | Шейх Мухlаммад Къудукьа гlалим (حفظه الله )
7👍6
https://youtu.be/pE_L1xArAbc?si=cf6KYuh1z1SRJrZ6

Вагlза магlарул мацlалда 👌
👍3
Гьале жакъа 7 абилеб октябралда гургинаб лъагlел сверана Палестиналъул бахlарзаз, Хlаммасалъул мужагьидзабаз дуниялдго сородизабуралдаса, жугьтlазул наслабазе тарихалъе нахъе тараб хlинкъи тlаде бачlинабун рагъ байбихьаралдаса.

Аллагьас гьезие жазаъ гьабеги жанатул фирдавс, гьаб кьижараб уммат макьидаса борчlизабун жигьадалъул байрахъ борхиялъухъ🇵🇸☝️

Гьеб лъугьана гьитlинабго багъа-бачари ва байбихьи, кlудияб Аварагас ‎ﷺ нилъее бицун тараб, гьел Аллагьасул нагlана щваял жугьтlалгун сионистал гьеб Палестинаялъул ракьалдаса инжитги гьарун нахъе хъамизе ругеб къо гlагарлъиялъе сабаб ва Аллагьас гьел болъоналгун маймалаказул наслабаздаса Къудс бацlад гьабизе, гьел бахlарзабазе бергьенлъи щолеб, Гъазаялъул агьлуялдаса ургъелгун рагъ тlаса босулеблъун гьабеги я Аллагь☝️🇵🇸☝️
8🕊3
ХIакълъунго дица гьаб дунялалда тIад бугеб зоб берцин гьабуна гьенир чирхъал гIадин
цIвабиги кенчIезе гьарун. Гьел цIваби дица гьаруна щайтIабазда речIчIунел сунтраллъунги.
Гьезие ахираталдаги дица жужахIалъул гIазаб хIадурун буго.
- суратул Мулк : аят 5.

Гьазул мисалги тарихалде ана, Аллагьас къуръаналда рехсарал цlвабзазул мисалалда, ракьалда ругел щайтlаби (жугьтlазде) тlаде риччарал. ☝️
👍7🔥2
Жегиги дуца умматалъе бице, МухIаммад,
Дица гьал ягьудиязда тIаде риччала къиямасеб къо щвезегIан гьезие къварилъи гьабулел
гIадамал абун Аллагьас лъазабураб гIуж.

Суратул Агlраф : аят 167.
👍11🔥3
وَإِذْ تَأَذَّنَ رَبُّكَ لَيَبْعَثَنَّ عَلَيْهِمْ إِلَىٰ يَوْمِ الْقِيَامَةِ مَن يَسُومُهُمْ سُوءَ الْعَذَابِ ۗ إِنَّ رَبَّكَ لَسَرِيعُ الْعِقَابِ ۖ وَإِنَّهُ لَغَفُورٌ رَّحِيمٌ﴾

Жегиги дуца умматалъе бице, МухIаммад,
Дица гьал ягьудиязда тIаде риччала къиямасеб къо щвезегIан гьезие къварилъи гьабулел
гIадамал абун Аллагьас лъазабураб гIуж.


Гьал ягьудиял ругелъул кидаго Аллагьасде гIасилъун
хьвадулел, гьес хIарам гьабураб жо хIалал гьабизе ва хIалал гьабураб жо хIарам гьабизе хIилла
ургъулел. Аллагьасул диналдаса гIадамал нахъчIвалел. Аллагьас гьезда тIаде Бухтунасар абулев
мажусазул хан тIамуна ва гьес чанго азарчи чIвана ва асирги гьаруна. Хадуб насраниязги гьабуна
гьезие къварилъи ва гьел асир гьарун жидеда тIад жизят (магъало) лъун букIана. Цинги Аллагьас
свалат салам лъеяв МухIаммад авараг ва гьесул асхIабзаби риччана гьезда тIаде ва гьел ягьудиял
гIарабиязул жазираталдаса (полуостров) къватIире гъуна.
👍10
إنا لله وإنا إليه راجعون
Сон 16 октябралда 2024 соналъ шагьидлъана, гьаб 14 абилеб Исламияб гlасруялда жаниб Жигьадалъул байрахъ жинца борхун ккун букlарав, жиндир цlар рагlиялдалъун тушманасул ракl сородулевлъун вукlарав, кинабниги жиндир гlумру жинца Исламалъе ва бусурбабазул лъабабилеб мукъадас "масжидул акъса" ва Палестинаялъул ракь, сионистазулгун жугьтlазул зулмуялдаса хвасар гьабизе ва бацlад гьабизелъун къеркьарав, къвакlарав бахlарчи, хвалчен бахъун диналъе рухl кьурав кьварараб Гъалбацl "Яхlя Синвар" жинда Аллагь гурхlаяв, Аллагьас жиндир шагьадат къабул гьабун жаннатул фирдавусалда Асхlабзабигун данде гьавев, Амин.

إذا مات منا سيد قام بعده نظير له، يغني غناه ويخلفه.
Нилъеда гьоркьосан цевехъан хведал, гьесул бакlалда чlчlола гьесдаго релъарав, гьесдасан гlей гьабулев ва гьесул иш цебе бачунев.

عاش حميدا ومات شهيدا، اللهم لا تحرمنا أجره ☝️
Гьес гlумру гьабуна къадруялда ва хвана шагьидлъун, Аллагьас гьесул ажруялдаса нилъ махlрум гьаругеги, Амин ☝️
😢20
2025/10/23 09:12:33
Back to Top
HTML Embed Code: