Telegram Web Link
Media is too big
VIEW IN TELEGRAM
Намаз Таравих
👍114
This media is not supported in your browser
VIEW IN TELEGRAM
Я Аллагь, дуца гьаб хирияб Рамазан моц1алъул ахирисеб рузман къо нижее г1умруялъул ахирисеблъун гьабуге, Я Аллагь дуца нижее жеги г1емерц1ул берцинго Рамазан моц1ал ва гьелда жаниб рузман къоял сах-саламатго т1амулелъун гьаре ниж 🤲
19
АССАЛАМУГӀАЛАЙКУМ

📌Хириял диналъул вацал ва яцал Баркула киназдаго тӀаде щвараб гӀидалъул къо!🌙
Аллагьас киназулго ккурал кӀалал, рахъарал сахӀал, рарал таравихӀал, гьабураб гӀамал гӀибадат къабул гьабеги🤲
Аллагьас унтаравщинав сах гьавеги, вакъаравщинав гӀорцӀизавеги, къварилъи-захӀмалъиялда ругелщиназе гӀатӀилъи кьеги🤲

Аллагьас нилъ киналго тӀасияб рамазаналдеги тӀаса камичӀого сах-саламатго данде гьареги, гьаб араб рамазанги, Раян абулеб алжанул нуцӀа рагьараб, Нар абураб жужахӀалдаса хвасарлъараблъун батаги нилъее!🤲

Къо-мех лъикӀ Рамазан, рахӀматазул моцӀ,
РухӀияб рацӀцӀалъи ракӀазе кьолеб!
РещтӀин рохалилаб,регӀи пашманаб,
Разияб хайратаз Халикъ вохаяб!
14👍2
This media is not supported in your browser
VIEW IN TELEGRAM
Шейхас баркала загьир гьабулеб буго жиндаго сверухъ ккараб лъугьа-бахъиналда сверухъ жиндие кумек ва ургъел гьабуразе.
👍257🔥5
Жакъа 12 абилеб маялъ Хасавюрт шагьарулъул к1удияб масжидалде зияарат гьабуна, Сириялъул Димашкъ шагьаралдаса к1удияв г1алим, Къуръаналъул ва къираатазул хаслъи жиндие бугев, имам Шафиг1ил мазгьабалъул г1алим, Ях1я ибну Г1абдуразакъ аль-Гъавсанияс. Гьеб мажлисалда гьес гьабуна киназего г1аммал насих1атал, гьединго ц1алана имам Нававиясул 40 х1адис абураб т1ехьалдасан х1адисал, гьел х1адисазе ижазаги кьуна киналниги г1ахьаллъи гьабурал г1алимзабигун мутаг1илзабазе, ва гьединго гьениб г1ахьаллъи гьабуна къват1и-къват1иса рач1аралгун шагьаралъул г1адамазги. Гьединго мажлисалда г1ахьаллъи гьабуна руччабазги.
Мажлисалдаса хадуб шейх Ях1я ва гьалбалгун г1алимзаби рачана кваназе Стамбул абураб рестораналде масжидалда данд бит1ун бугеб.
Гьелдаса хадуб шейхас зиярат гьабуна Ашг1ари мадрасаялде, гьебги бихьизе ва гьелъул Ректор Мух1аммад-дибиргун муг1алимзабазда данд ч1вай гьабизе. Гьениса хадуб шейхас зиярат гьабуна гьединго Даитова мадрасаялдеги ва гьелъул Ректор Ах1мадгун муг1алимзабазда данд ч1вай гьабуна.

Аллагьас гьадинал мажлисал г1емер гьаризе нилъее тавфикъ кьеги, гьадинал мажлисал сабаблъун бусурбабазда гьоркьоб рокьа хинлъи ва цолъи ц1ик1к1айги, Аллагьас гьадинал г1алимзабазул баракатги щвайги нилъее, Амин амин амин.

#хасавюрт #авармедиа
👍12🔥32
2025/10/21 22:49:08
Back to Top
HTML Embed Code: